Администрация Унцукульского района
Унсоколо
районалул нухмалъулев Мух|умах|ажи Т|агьировасулгун "Х|акъикъаталъул"
х|алтух|анас гьабураб аналитикияб гарач|вариялда, гьайгьай, бицунеб
буго жакъасеб къоялъулва районалда цереч|арал аслиял масъалабазул.
ГIелмияб бахIс – яргъил гуреб
- КъватIиса
пачалихъаздаса рачIунги, журналистал щолел руго ахирал соназда
Унсоколо районалъул росабалъе. Гьелъие гIиллалъун ккола районалда
ахIвал-хIал хIалуцин, 2007-2009 соназда Россиялъул аскарияз ва
милициялъ Генуб операция (КТО) тIобитIи. 2009 соналъул хIасилал
гьарулаго, ДРялъул МВДялъ лъазабуна районалда изну гьечIого яргъид
гIуцIаразул (НВФ) кIиго къокъа бугилан (гендерил ва белехьдерил).
БатIи-батIиял цIех-рехчагIаз бихьизабулеб буго гьаниб гIадамазда
гьоркьоб динияб рикьи лъугьун бугилан, гьелъ тунка-гIусияздеги
рачине бегьулилан. Районалъул бетIер хIисабалда, гьел суалазул
рахъалъ щиб дуца абилеб? - Ункъо-щуго моцI гурони гьечIо дун хIалтIизе
лъугьун. Гьеб заманалда жаниб гIезегIан гIодобиччараб хIал буго
районалда. Экстремистазул къокъаби гьанир ругилан абун, дида гьел
рихьичIо. Гьедин букIаниги, гьеб рахъалъ хIалтIи гьабизе рагьун буго
районалъул бетIерасул хIинкъи гьечIолъиялъул рахъалъ заместителасул
хъулухъги. Щибаб анкьалъ гьев щола Балахьуни ва Генуб росабалъе.
Лъазабула гьениб бугеб ахIвал-хIал. Жиндирго сапаразул хIасил
гьабураб кIалъайгун цевеги вахъуна гьев жиб-жиб итни къоялъ
райадминистрациялъул данделъиялда. ГъалатI камурав чи ватуларелъул,
мекъи ккарал гIолохъаби рукIине бегьула. Дица гIадамазулгун дандчIваял
тIоритIана Генубги Балахьунибги. ГIолохъабазда гьоркьоб бичIчIикьеялъул
хIалтIи гьабулеб буго. Рохьореги ун, изну гьечIого яргъид гIуцIарал
гIолохъаби ратани, гьезул бицун, гьел жидерго рукъзабахъе
руссинаризе, жиде-жидер магIишат цебебачине, хъизан-лъималазда аскIор
рукIине рачIаян ахIизе хIажат буго. Гьединлъидал гьеб суалалда
сверухъ щибаб анкьалъ, щибаб къоялъ хIалтIаби гьарулел руго. Дида
ракIалде ккола гIемер кватIичIого гьеб хIаракаталъ унго-унгояб хIасилги
кьелилан. - РагIуеги бокьараб дин гьабизеги ихтиярал кьун руго
Россиялъул Конституциялъ. «Вагьабизм» абун машгьурлъараб исламияб
рикьиялъул гIадамалги, гьез ярагъ кодобе босулеб гьечIони, эркенго
теян абула Москваялъул хIакимзабазги Дагъистаналъул нухмалъулезги.
Улкаялъул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз гьедин толел ругищ гъол? ТIаса
лъугьун теялъул (амнистиялъул) бицуна. Гьединал шартIазда кверде рачIаразеги
хадуб тамихI гьабуни, гьел гуккани, цогидал разилъиладай ярагъ гIодоб
лъезе? Нилъер мадугьалзаби чачаназул президентги гьесул хIакимзабиги
цере рукIарал боевикал ккола. ЖамгIият цолъизабичIого, бусурбаби
рикьизе, цоцалъ разе гьоркьобе ракьа рехулелги кколел руго…хадуб
ц1але
|