АльхIамду ли ЛЛагьи Рабил гIаламин ва салату ва саламу гIала Расулигьи МухIамади вва гIала алигьи ва асхIабигьи ажмагIин. Ла х1авла вала къуввата илла биЛЛагьил Г1алийил Г1азым

 

Хабалъ лъураб мехалъ нилъеда тIаде вачIуна кIиго малаик Мункариланги Накириланги. Гьев кIиясго нилъеда цIех-рех гьабизе буго гьал хадур рехсарал суалаздалъун гьезие жаваб битIун ккани  нахъиял суалазеги витIун ккела, гьезие мекъи ккани нахъиязеги мекъи ккела – абун буго тIухьдузда. Аллагьас нилъ киналго ритIун ккезареги хIисаб – суалалъе. Амин!!!

 

Бусурбан вугищан дуда гьикъани

АльхIамду ли ЛЛагьан жаваб гьабила

Дун дуда щак вугин гьев гаргадани

Шагьадат дир нугIин дуца абила.

 

Кида бусурбанав мун мун вукIарав ан?

Дуда гьикъанани дуца абила

Явмул гIагьдийилан  вал мисакъилан

Къоялъул цIар бугин дун Исламлъараб

Халкъалъул зарраби дандеги гьарун

Аллагь гаргадараб къо буго эбги.

 

Эбел-эмен цIехон, цIех-рех гьабуни

Адамгин-ХIавайин хIадурун чIела

Мун лъил миллаталъул лъил умматалъул?

Щив чи кколевилан? дуда гьикъани

Гьикъарав чиясе жаваб гьабила

 

МухIамад ХIабибил умматалъулин

Ибрагьим Халилил миллаталъулин

Дур бетIергьан щиван авараг щиван?

Дур вацал щалилан яцал щалилан?

Дуда гьикъанани къанабазда гъоркь

Гъосий жаваб кьела гьадинаб хIалалъ

 

Дир бетIергьан Аллагь авараг ХIабиб

Иман лъун щиналги дир вацал-яцал

Дир иманги Къуръан къилбаги КагIба

Дун кантIун вуссунеб мазгьабги ШафигI 

 

Гьал суалалги Мункар Накирасул руго нилъеда цIехолел

Иманалъул бетIер щиб?

Лаилагьа илла ЛЛагь МухIаммаду

РРасулуллагь

Иманалъул черх щиб?

Аллагь рехсей буго

Иманалъул нур щиб?

БитIараб бицин буго

Иманалъул бецIлъи щиб?

Гьереси бицин буго.

Иманалъул гьуинлъи щиб?

Какие чури (рацIцIалъи) буго.

Иманалъул цIубай щиб?

Закат бахъи буго.

Иманалъул хIикмат щиб?

ХIинкъиги - хьулги буго.

Иманалъул нух щиб?

ХIалал - хIарам батIа гьаби буго.

Иманалъул мугь щиб?

ГIелму лъай буго.

Иманалъул пихъ щиб?

ТIагIат гьаби буго

Иманалъул тIамах щиб?

Аллагьасукьа хIинкъи буго.

Иманалъул хъал щиб?

Нечей буго.

Иманалъул нах щиб?

ДугIа гIемер гьаби буго.

Иманалъул рукъ щиб?

Муъмин чиясул ракI.

Иманалъул чIолеб бакI щиб?

Суннатал какал рай.

 «Бустан»