Жаназаялъул какалъул баян
Жаназаялъул какил анкьго рукну буго.
I. Ният — дица ният гьабула гьаб жаназалдаса фаризияб как базе (имамасда хадуб). Аллагьасе Аллагьу акбар.
2. ХIал кIолев чи вугони вахъун чIей.
3. Как бухьиялъул Аллагьу акбар рикIкIун ункъго Аллагьу акбар аби.
4. АлхIам цIали.
5. Аварагасде салат битIи.
6. Хваразе дугIа гьабе.
7. Ункъабилеб Аллагьу акбаралда хадуб гьаб дугIаги цIалун хадуб салам кьей. Аллагьумма ла тахIримна ажрагьу (гьа) вала тафтина багIдагьу (гьа) вагъфирлана валагьу (гьа) лъабабилеб Аллагьу акбаралда хадуб гьаб дугIа цIалила: — Аллагьуммагъфир лагьу (лагьа) вархIамгьу (гьа): гьу-бихьин чиясе, гьа – чIужугIаданалъе, гьум-бихьиназе гьунна-руччабазе.
«Рузманалъул баян»
Дица ният гьабула гьаб рузманалъул 2 ракагIатаб фаризияб как базе имамасда хадуб тIобитIун Аллагьасе Аллагьу акбар.
Рузман баялъе анлъго шартI буго.
I — ЖамагIаталда бай.
2 — КIикъого чиясдалъун бай.
3 — Шагьарлъун рикIкIунеб яги кIудияб росулъ бай кIикъого чи ватани.
4 — Къалъул гIужда бай.
5 — КIиябго хутIбаялда хадуб бай.
6 — КIиго хутIба гьабе.
КIикъого чи гьечIониги рузман базе
кколилан буго мухIканлъиялъе.
(МархIул мафруз)
«Сунатал каказул баян»
I — Витру — боголил какда хадуб рогьинегIан I—I3 ракагIат.
2 — Тагьажуд — къасда кьижун ворчIаралдаса рогьинегIан I2 ракагIат.
3 — ЗухIа — хочол манзилалъ бакъ баккаралдаса завалалде щвезегIан I2 ракагIат .
4 — Аввабинал — маркIачIул как баралдаса боголил как базегIан 3-20 ракагIат.
5 — КIиябго гIидалъул как бакъ баккаралдаса завалалде битIизегIан 2—2 ракагIат.
6 — ТаравихIал — Рамазан моцIалъ боголил как баралдаса рогьинегIан II-20 ракагIат, киналго сунатал какал кIи-кIи ракагIат ккун рала.
7 — ТахIият – 2-го ракагIат, мажгиталда жанив лъугьараб мехалъ бала гIодов чIелалде, гIодов чIанани гьелъул гIуж борчIула. Ниятги гьадин гьабила: Дица ният гьабула гьаб мажгиталда 2-го ракагIталъул тахIияталъул суннатаб как базе Аллагьасе Аллагьу акбар.
«ЗакагIаталъул баян»
ЗакагIат ккола, закагIаталъул гIорхъоде щвараб боцIи батани бечедас мискинасе кьезе кколеб нафакъа гьебги тIалъула щуго жоялдаса.
I)—БоцIудаса. ЗакагIат бахъула 40-го гIиялъа жо батани I-жо бахъула. 30-го хIайван батани I бече бахъула, 40-го хIайван батани гIачIар бахъула.
2 — ГIарцудаса-меседалдаса. Сон сверун 80 гр. гIарцул яги меседалъул батани 2 гр. бахъила.
3 — Бекьараб жоялдаса. 60 къали батани 6-го къали бахъила.
4 — Пихъалдаса (цIибилалдаса). 60 къали батани 6-го къали бахъила.
5 — Дармидаса. Хал гьабула соналъул ахиралда гIарцуда кинабго къайиги буссинабун, гIарац меседалъул хIукмуялде буссинабула.
«Рамазан мацIалъул кIал кквеялъул баян»
Рамазан моцIалъул кIал кквей ккола исламалъул ункъабилеб рукну, гьебги тIалъула гIакъилав, балугъав, гьеб кквеялъ унти загьирлъуларев чиясда. КIал кквей абураб жо ккола, рогьалидаса маркIачIуде щвезегIан кванидаса ва ургьибе жанибе щибниги жо биччаялдаса, бокьун лагIи, хъалиян бухIи, дару гьекъеялдаса жимагI гьабиялдаса (в. гь.ц.) жалаздаса черх цIуни, кIал кквечIого хутIани ялъуни биччани хехго бецIизе ккола, бецIичIони тIасияб соналъ бецIизеги ккола мудги бахъизе ккола мудги I сахIалъул 4 бутIа гьабун цо бутIа ккола. ТIобитIун кколеб кIалалъе ният гьабила гьадин: Дица ният гьабула гьаб соналъул Рамазан моцIалдаса дир фаризияб кIал квезе метер, тIабитIун Аллагьасе. (игIанат)
«КIал биччаялъул сахIалъул баян»
СахI ккола бечедас жиндир боцIудаса мискинасе кьолеб бутIа, гьелъулги бищун гIемераб кваналеб жо бахъизе ккола. ШафигIил мазгьабалда гIарац бахъизе бегьуларо. Эбел-инсуца гIисинал лъималаздаса бахъула, тIоцебе жиндаса бахъула. Балугъав чияс жинцаго бахъула, ниятги гьадин гьабила: Дица ният гьабула гьаб дир магIишаталдаса кIал биччаялъул сахI бахъизе фарзияб. Аллагьасе Аллагьу акбар. Гьебги тIалъула сордоялъ кваназе жо бугев чиясда
(игIанат)
«Къуръан цIалиялъе ният»
Дица ният гьабула гьаб багьа гьабизе кIолареб Аллагьасул калам цIализе ункъавго Имамасул цо рагIиялдаги бан къабул гьабиялда хьулги лъун, чиядаса цIалулеб бугони гьесул цIаралдаса абила.
Аятул курсийи
БисмиЛЛагьи РРахIмани РрахIим. Аллагьу лаилагьа илла гьу вал ХIаююл Къаююм Ла таъхузугьу синату ввала навму лагьу мафи ссамавати ва ма фил арзи. Манза лязи яшфагIу гIиндагьу иллла би изнигьи. ЯгIламу ма байна айдигьим ва ма халфагьум ва ла юхIитIуна бишайи ммин гIилмигьи иллa би ма шаа. Ва сигIa курсиююгьу ссамавати вал арза ва ла яудугьу хIифзугьума ва гьувал ГIалиююл ГIазым.
«Къуль гьува Ллагьу»
АгIузу биЛЛагьи мина щайтIани рражим. БисмиЛЛагьи РРахIмани РРaxlим. Къуль гьува ЛЛагьу АхIад. Аллагьу ССамад лам ялид валам юлад валам якун ЛЛагьу куфуван АхIад Аллагьу акбар.
«Къуль агIузу бираббил фалакъ»
АгIузу биЛЛагьи мина щайтIани ражим БисмиЛЛагьи РРахIмани РРахIим. Къуль агIузу бираббил фалакъ. Мин шарри ма халакъ ва мин шарри гъасикъин иза вакъаб. Ва мин шарри ннафасати фил гIукъад. Ва мин шарри хIасидин иза хIасад. Аллагьу акбар.
«Къуль агIузи бирабби ннас»
АгIузу биЛЛагьи мина щайтIани ражим БисмиЛЛагьи РРахIмани РРахIим. Къуль агIузу бирабби ннаси. Малики ннаси. Илагьи ннаси. Мин шаррил вас васил ханнаси. Алязи ю вас вису фи судури ннаси Минал жиннати ва ннаси. Аллагьу акбар
«Аварагасул васиятал гьаругеян абурал»
I. ТIад ретIел гьечIого чури бихи.
2. Черх хъублъун бугони кванай.
3. Кванил гъурарал жал къабихI гьари.
4. КIудиял чагIазда цере лъугьин.
5. Эбел инсуда жидерго цIаралдалъун ахIи.
6. ХIарщудалъун кверал чури.
7. Черхалда тIад ретIел букъи.
8. КенчIелалъ гьумер бацIи.
9. Жибго цохIо пер кванай.
I0. Рокъоб къачIачIого бусен тей.
II. Эбел-инсуда квешаб рагIи бицин.
I2. ГIицIго бусада веги.
I3. ЦIарагI чуричIого тей.
I4. Пун чирахъ свинаби.
I5. ЧIортоялъ рукъ лъухьи.
I6. НуцIида нахъа рукъ лъухьараб жо тей.
I7. Цабзаздалъун малъал къунцIи.
Аварагасул умумул хъван кодор ругони ялъуни рокьор ругони гьесул агьлу хъизан балагьалдаса цIунила. (ин ша Аллагь)
МухIаммад (св. т. гI. в) ГIабдуллагь ГIабдул мутIалиб, Гьашим, ГIабдул манаф, Къусаю, Килаб, Мурат, КагIбу, Луаю, Гъалиб, Фигьру, Малик, Низар, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Иляс, Музар-Низар, МугIад, ГIаднан. Эбелалъул умумул. Вагьбу-Загьрат, ГIабдул манаф, Кила.